Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Рокъор лъималгун магIарул мацIалда кIалъалищ нуж? Гьелъул кинал пайдаби рихьулел» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун:

МагIарул мацI - рахьдал мацI. Гьеб мацIалдагIан бацIцIадго пикру загьир гьабизеги кIоларо. Умумузул яхIги, махIги, гъинги бессун букIуна гьелъулъ.

Кидаго магIарул мацIалда кIалъала.

Рахьдал мацI кIочене бегьуларо лъидаго. Гьеб буго хазина.

Рокъоб лъималгун магIарулалъ кIалъаларев вихьизеги вокьуларо.

КIалъала, мацI кIоченчIого букIине.

Лъималгун кIалъаялъ гьезда жидерго рахьдал мацI лъала ва чIахIиязе рохел букIуна.

Гьеб буго умумузул адаб цIуни. ТIоцебесеб классалда ругел лъималаз магIарул мацI лъаларин абидал ракI унтула.

МацI буго миллат, мацI тIагIани миллатги тIагIуна.

ТIубанго эбел-инсуда лъазе ккола цин кIалъазе ккани.

КIалъала. ГIурусалъ кIалъазецин толаро лъимал.

МагIарул мацIалъ лъималгун кIалъачIони рахьдал мацI гьезда кIочон теларищ!?

КIалъала, амма пайдабазда тIад жеги ургъичIо

Хадусеб номералъе суал «Кинал нигIматал гIезарулел нужерго ахал-хурзабахъ?»

РокъоргIаги кIалъачIони тIубанго кIочон тезехъин буго лъималазда рахьдал мацI.

Дица лъималазда магIарул мацI гурони малъулеб гьечIо. ГIурусаб къваригIани гьез жидецаго тIалаб гьабила. Амма гIурусабги гьечIого гIезехъин гьечIо, гIурус ракьалда ругезе.

Дун гIурус ракьалда гIуна, амма хъвазе лъикIго лъачIониги бицине лъала, алхIамдулиллагь. Лъимал нилъерго гьанир гIуна, гьезда лъала, рокъобги магIарул мацI гуреб бицунаро.

Гьанже ругезда кколеб буго гьитIинго малъичIони гIураб къоялъ лъималазда гIурус мацI лъаларин, гьелъ рокъобги бицунаро магIарул мацI. Дида ккола, эбелинсуца гьитIинго малъичIони, рокъобги бицинчIони магIарул мацI хадубккунги лъаларин абун.

МагIарулал магIарул мацIалъ кIалъачIого щиб мацIалъ рокъор лъималазда кIалъалел?

МацI кIочарасул цIарги кIочонин абула, гьелъ лъималазда бицине ккола умумузул мацI.

МагIарухъа рачIарал нилъеца лъималазда нилъедаго лъалеб гIурус мацI бицине лъугьани, я гIурус, я магIарул щвечIого хутIизе рес буго гьел. Рокъоб умумузул мацIги бицун лъимал нужеца гIурусаб школалда тIалаб гьабизе те.

Дунги хъизанги жеги гIурусалъ рокъор лъималазда кIалъаларо, кидаго магIарул мацI бицуна.

10 соналъ цебе лъимералъ рокъоб цо-кIиго рагIи гIурус мацIалъ бициндал эбел-эмен рохулел рукIана, ай гIурус мацI лъималазда къанагIатго гурони лъалароан. Амма гьанже гIурус мацIалъ гурони кIалъалелго гьечIо. КIудиябго хIинкъи буго рахьдал мацI тIагIиналда. Жакъа лъималазда рахьдал мацI дагьаб гурони лъалеб батичIони, гьезул лъималазда гьеб тIубанго лъаларо.

Цебе нижер школалда гIурус мацIалъ кIалъалев чиясда тIад релъанхъулаан, гьанжейин абуни гьелъул гIаксалда буго. Рахьдал мацIалда кIалъаялъ гIемерал пайдаби руго, амма гIурус мацI лъачIого лъималазда хутIиларо.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...