Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Араб соналъул кинал лахIзатал нужеда ракIалда чIарал?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун:

Араб соналъ ккараб ракIалдаса унарел лъугьа-бахъинал гIемерал руго. ЗахIмальана коронавирусалъул хIасилалда гIадамал хвей. Имам хIисабалда бищунго захIмалъана жамгIаталда, нуж рузманалде, какде рачIунгеян абизе. РакI кьватIулеб букIана, амма абичIогоги рес букIинчIо, сахлъи цIуниялъе гIоло. Хьул буго Аллагьасде, гьадинаб заман тIокIалъ бачIинарин абураб. Гьарула хваразул мунагьал чурагиян, унтаразе сахлъи кьегиян.

Араб соналъ хIаракат бахъана унтаразе, загIипазе, язихъазе кумек гьабизе. Гьебги гьабуна «Инсан» фондалда цадахъ. Гьаб карантин сабаблъун чIахIиязухъе щвезе рес ккечIо. Хьул буго унти тIаса босилин ва Аллагьас нилъее кинабго бигьа гьабилин абураб.

Араб соналъ тӀаде бачӀараб захӀмат, ТӀолго дунялалда хӀехьезабуна. Доб мехалъ лъугьараб кӀочарасдани, Хадуб бачӀунелъе шукру лъаларо. Лъугьа-бахъиналги гӀемер рукӀана, ЗахӀмалъи-къварилъи дагьаб бихьичӀо. Киналдаго гьоркьоб бакъул чӀор гӀадин, Муфтигин сверухълъи рихьулел руго. Бищунго гьениса рекӀелъ къараб иш, Дида гьикъанани, щаклъи гьечӀого. Дица абилаан хӀакъал гӀалимаз, ГӀадамазе кьураб кумекалъул квер. Язихъазе - тӀалаб, бесдалазе - квер, ЗахӀмат бихьаразе - берцинаб рагӀи. ХъулухъчагӀазеги хӀакимзабазе, ХӀажатабщиналъе ратана хьолбохъ. Гьеле дида араб соналъ бихьараб, Бищунго ракӀалъул тӀиналда чӀараб. БатӀиябщиналъулъ гӀемер рукӀана, ГӀадада рицунел гьодорал харбал.

Хадусеб номералъе суал «Нужеца лъималазе телефон (смартфон) босун бугищ? Гьелъул кинаб пайда бихьулеб бугеб, зарал букIине рес бугищ?»

Аслияб куцалда коронавирус.

Араб сон букIана хасаблъун, гьелъ загьир гьаруна хIурулъ рахчун рукIарал цо-цоялги.

Бищунго ракIалда чIаралдасан ккола хIеж-гIумраялде нух къай ва пандимея.

ЦIияб рокъове вахъин.

Рокъобго араб кIал биччаялъул гIид.

Рамазан моцIалъ рукъалъул агьлугун таравихIал рай ва ифтарал гьари.

Араб соналъул лахIзатал тIолабго гIумруялъ кIоченаро. Киналго гьанир рехсезе хIалги кIвеларо. Амма аслияб къагIидалда хабалъ гIемерал гIадамал лъураб унти кинго ракIалдаса инаро. Жидерго рухIги кьун гьеб унтуде данде къвалал гурарал тохтурзабиги кIочене бегьиларо. КигIан кантIизаруниги «унти гьечIо ва щибаб санайил хола гIадамал» абулел тохал гIадамалги рекIелъа унаро. Рузманалдацин чIорого хутIарал мажгиталги кIоченаро. ТIубараб сон цо лахIзатгIан бекерун ана, гьелда релълъун тIубараб гIумруги боржун инарищха.

Араб соналъ малъана киназдаго Аллагьасде руссун дугIа гьабизе унтиялдаса цIунеян. Гьебгун цадахъ рукIана лъикIал лахIзаталги. Аллагьасул рахIму-цIобалдалъун гьеб пашманаб соналъ нижер ракIал рохизелъун гьавуна вас.

Араб соналъ гIемерал лъугьабахъинал ккана. ТIоцебе гьаб квешаб унти тIаде бачIана. Гьелде цо гIемерго кIвар кьечIо ва гьадингояб хабарин ккана. Амма пашманал лъугьа-бахъиналги ккана. Бищунго ракI бекана хIеж къараб мехалъ. Ва кIал биччанкъо телефоналдасан тIубазе ккараб мехалъ.

ГIемерал хвелалги ккун, рекIеда ругъналги лъуна. Къокъаб заманалда жаниб дунял хисулеб куц бихьана, бугеб жоялъул къимат гьабизе лъугьана.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...