Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Масжидул Акъсаялда бараб какил кири чамалда бащалъулеб?

– 500-ялда

  1. Аварагасул мажгиталда бараб какил кири чамалда бащалъулеб?

– 1000-ялда.

  1. Масжидул ХIарамалда, ай Маккаялда бараб как чамалда бащалъулеб?

– 100000-ялда

  1. Какичури гьечIого Къуръан цIализе бегьулищ?

– Бегьула, Къуръаналда хъвалев гьечIони.

  1. Къиямасеб къоялъул магIна щиб?

– Дунялалъул чIаголъи, гьелъул тадбир лъугIун ккей.

  1. ФиргIавнил тавбу Аллагьас щай къабул гьабичIеб?

– Холеб мехалъ, кIанцIизе бакI тIагIиндал гьабулеб букIиналъ. Кинниги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьевги гьесул халкъги кантIиялъе гIемерал сабабал кьун рукIана.

  1. Тушманасул рокъоб тарбия щварав авараг щив вукIарав?

– Муса авараг.

  1. Туснахъ абураб рагIи чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– 6 нухалъ, «Юсуф» абураб сураялда.

  1. Къуръаналда бугеб щиб сураялъе хъизамалъул цIар кьураб?

– Алу ГIимран.

  1. 40 сон базегIанго кинав кIиго аварагасе авараглъи кьураб?

– ЯхIяе ва Юсуфие.

  1. Рузман къоялъ щиб сура цIализе бихьизабун бугеб?

– Суратул «Кагьф».

  1. ТIоцебе тIубанго цадахъ рещтIараб сура щиб?

– «Муддасир».

  1. Закаталъул баян щиб сураялда баян гьабураб?

– Сура «Тавбат»

  1. «Алжаналъул кIулин» сунда абулеб?

– «Лаилагьа илла Ллагь МухIаммадун расулуЛлагь».

  1. Бищун цебе квер щий гIаданалъул къотIараб цIогь сабаблъун?

– Къулабат Махзумият абураб гIаданалъул, Аварагасул ﷺ заманалда.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...