Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Маккаялда чан сура рещтIараб?

– 85 сура.

  1. Мадинаялда чан сура рещтIараб?

– 29 сура.

  1. Жиндалъун гурони как буцIцIунареб сура щиб?

– Сура «ФатихIа».

  1. «Аллагь мискинав вуго, ниж бечедал руго» абун лъица абулеб букIараб, жидер хIакъалъулъ Къуръаналдаги рехсарал?

– Ягьудияз.

  1. Щив асхIаб вукIарав цIикIкIун Аварагасда ﷺ релълъарав?

– ХIасан бин ГIали.

  1. Кинаб гъазаваталда Аварагасда ﷺ ругъун щвараб?

– УхIудалъул гъазаваталда.

  1. ГIибадаталъул магIна щиб?

– Гьеб ккола кинабниги Аллагьасе ﷻ бокьулеб ва разилъулеб щибаб жоялде щвей гьабулеб: рагIи букIа, пиша букIа загьирал ва батIиниял рукIа.

  1. ТавхIидалъул калима щиб кколеб?

– Лаилагьа иллаллагь МухIаммадун расулуллагь буго.

  1. Алжаналъул кIул щиб?

– Лаилагьа иллаллагь МухIаммадун расулуллагь абураб рагIи.

  1. Къуръаналда Гьуд аварагасул цIар чан нухалъ рехсараб?

– Ункъо нухалда.

  1. СалихI аварагасул Самуд къапила кин гьалаг гьабураб?

– Пири речIчIиялдалъун.

  1. Аварагзабазул эменилан лъида абулеб?

– Ибрагьим аварагасда.

  1. Щив аварагасе Аллагьас ﷻ кьун букIараб хIайваназул ва хIанчIазул мацIалъ кIалъазе гьунар?

– Сулайман аварагасе.

  1. Хвалчадалъун тIоцебе рагъ базе лъица байбихьараб?

– Ибрагьим аварагас.

  1. ГIарабазул эменилан лъида абулеб?

– ИсмагIил аварагасда.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...