Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

– Ахиралда рещтIараб сура щиб букIараб?

– Сура «Бараат».

– Халатал анкьго сураби щал кколел?

– «Бакъара», «ГIимран», «Нисау», «Маидат», «АнгIам», «АгIраф», «Юнус».

– «НахIвиялъул амир» абун лъие цIар кьураб?

– НахIвиялъул гIалим Сивабайгьиясе.

– Рамазан моцIалъ имам ШафигIияс чан нухалъ Къуръан цIалун лъугIизабулеб букIараб?

– 60 нухалъ.

– Къуръаналда ругел сурабазул тартиб Аварагас ﷺ чIезабунищ бугеб яги асхIабазул ижтигьадалъищ?

– Аварагас ﷺ чIезабуна.

– Кинаб кIиго мегIер рехсараб Къуръаналда жаниб?

– Сафа ва Марва. Гьеб кIиябго мегIер хIеж борхулезда батула.

– Рузманалъул как балаго Аварагас ﷺ щал сураби цIалулел рукIарал?

– Сура «Гъашият» ва «АгIла» цIалулаан.

– Кинаб аят кколеб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кинабниги сахлъи жиндилъ данде гьабураб?

– Сура «АгIрафалъул» 31-абилеб аят. «Нуж кванай ва гьекъей, амма исрап гьабуге», - ян абураб.

– Бокьарав чияс хIадисги цIалун гьелъие хIукмаби кьезе бегьулищ?

– ГIемерал имамзабаз абуна, факъигьасе хутIун цогидал гIадамал гьелъ къосеналде цIалин. ХIадис цIали ва гьелъие хIукму кьей кIиго батIияб жо буго. Гьединлъидал ибну Вагьбица абураб Маликидаги Лейсидаги цеве цIалун вукIинчIевани дун гьалаглъилаанилан.

– ГIаишатица чан хIадис бицараб?

– 2210 хIадис бицана.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...