Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

1. НухI аварагасул вас щай къосун ккарав?

– Аллагьасул ﷻ амру тун эменгун гамиде вахинчIолъи сабаблъун.

2. Къокъаб тафсир «Жалалайни» лъица хъвараб?

– Гьеб хъвана Жалалудин МахIалияс ва Имам СуютIияс.

3. Щиб сураялда рехсараб Адам аварагасулги иблисалъулги къиса?

– «Бакъара» сураялда.

4. Цеве Иляс аварагищ яги Сулайманищ вукIарав?

– Сулайман вукIана.

5. Адам аварагас щиб рагIи тIоцебе абураб?

– АлхIамдулиллагьин абуна.

6. Зодоса рещтIарал тIахьазул бищун кIудияб кинаб кколеб?

– Къуръан.

7. Муса авараг накълулъун хадуб бану Исраилал кире арал?

– Палестинаялде.

8. Тажвид гIелмуялъул мурад щиб?

– Аллагьасул ﷻ тIехьалда жаниб хатIаъ гьабиялдаса мацI цIуни.

9. Какги закагIатги Къуръаналда жаниб чан нухалъ рехсараб цоцада хурхинабун?

– 26 нухалъ.

10. Сура «РахIман» абун цIар щай тараб?

– Аллагьас ﷻ РахIман абун байбихьиялдалъун. 

11.  Нилъер умматалда бищун гурхIулев щив вукIарав?

– Абубакар.

12. Ибну ГIатIаиллагь кив гьавурав?

– Египеталда.

13. Кида гьев хварав?

– 709 гьижрияб соналъ.

14. Нилъ гIакъидаялда нахърилълъунев имам щив?

– Имам Абул ХIасан АшгIари.

 

 

Шамил МухIаммадов

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...