Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Къуръаналда жиб рехсараб щиб хIинчIалъ гIадамал исламалде ахIарал?

– Удод хIинчIалъ.

  1. ГIумар-асхIабас

тIоцебе щиб сура цIалараб

Къуръаналдаса?

– Сура «ТIагьа».

  1. ТIадегIанав Аллагьас лъида абураб: «Дун дудаса рази вуго ва мун вугищ Дидаса рази»? - ян.

– Абубакарида.

  1. Гьеб хабар аварагасухъе лъица босун бачIараб?

– ЖабрагIил малаикас.

  1. Аварагги Абубакарги гьижра гьабун Мадинаялде унеб мехалъ щиб нохъода рахчун рукIарал?

– Савр нохъода.

  1. СахIибу ррасул абун тIокIцIар лъие кьун букIараб?

– Абубакарие.

  1. КIудияв гIалимчи ва мухIадис ибну ХIажар ГIаскъалание кинаб цIар щвараб?

– ХIадисалда жаниб муъминзабазул амир абун цIар щвана.

  1. Нилъер умматалда бищун гурхIулев щив вукIарав?

– Абубакар.

  1. Бищун лъикI Къуръан цIалулев щив вукIарав?

– Убаю бин КагIб.

  1. Ирсалъул гIелму бищун лъикI лъалев щив вукIарав?

– Зайд бин Сабит.

  1. ХIалалалъул ва хIарамалъул суал лъикI

лъалев щив вукIарав?

– МугIаз бин Жабал.

  1. Гьаб умматалъул насихIатчи щив вукIарав?

– Абу ГIубайд бин ЖаррахI.

  1. Ансаразул сайидин абун лъида абулеб букIараб?

– СагIд бин МугIазида.

  1. ГIусман-асхIабасул халиплъи гьаби кида байбихьараб?

– Гьижрияб 24-абилеб соналъ.

  1. Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав?

–  Ункъо нухалъ.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...