Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Щиб сураялъ дажалил фитнаялдаса цIунулел?

– Сура «Къагьфалъ».

  1. Кинаб рагIи бищун гIемер рехсараб Къуръаналда жаниб?

– Аллагь абураб рагIи 2640 нухалъ рехсана.

  1. Сулайман аварагасда цадахъ щиб хIинчI букIараб?

– Гьудгьуд.

  1. Гьесул заманалда султIанлъун щий гIадан йикIарай цо бакIалда?

– Билкъис йикIана.

  1. Щиб сура байбихьараб Аллагьасул цIараздалъун?

– Сура «РахIман».

  1. Къуръаналда Лукъманил цIар чан нухалда рехсараб?

– КIиго нухалда, «Лукъман» сураялда, аят 12, 13.

  1. «Аминул вахIйи» абун ЖабрагIил малаик чан нухалъ рехсарав Къуръаналда?

– Лъабго нухалъ.

  1. Какил кинаб кIиго гIуж рехсараб Къуръаналда?

– Рогьалилги бакъанилги.

  1. Шагьаразул (росабазул) эбел абун сунда абураб?

– Маккаялда.

  1. ЦIваби чан нухалъ рехсарал Къуръаналда?

– КIиго нухалъ.

  1. Къиямасеб къо чан нухалъ рехсараб?

– 48 нухалъ.

  1. ХIеж абураб рагIи чан нухалъ рехсараб?

– 11 нухалъ.

  1. РукугI-сужда гьечIеб как щиб кколеб?

– Жаназалъул как.

  1. Малаик абун кинаб сура кколеб?

– Сура «ФатIир».

  1. Къуръан абун чан нухалъ бачIараб?

– 68 нухалъ.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...