Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Щив асхIаб алжаналъуве лъугьарав цониги какги бачIого?

– ГIамр ибн Сабит.

2. Фахруддин Разиясул щиб тафсир бугеб?

– МафатихIул Гъайб.

3. Жакъа фикъгьиял хIукмабазул мазгьабал чан ругел?

– Ункъо буго нилъехъе щвараб: имам Абу ХIанифа, имам Малик, имам ШафигI, имам АхIмад.

4. Нуралъул бетIерилан абураб тIокIцIар лъие щвараб?

– ТIуфайл бин ГIамр Давсие.

5. Имам ШафигI щиб соналъ гьавурав?

– 150-абилеб гьижрияб соналъ.

6. Сулайман авараг лъил вас кколев?

– Давуд аварагасул

7. Билкъис абурай хан лъица ячарай?

– Сулайман аварагас. Гьелъ Аллагьасда иман лъола.

8. Зулфукъар абураб хвалчен тIоцебе киса баккараб?

– Билкъисица Сулайман аварагасе кьураб букIана. Хадуб МухIаммад аварагасухъе ﷻ щола.

9. Бану Исраилазул ахирисев авараг щив вукIарав?

– ГIиса авараг.

10. Имам Маликил машгьураб тIехь щиб?

– «МуватIаъ».

11. Зубайр бин ГIаввамил чан сон букIараб ислам босидал?

– 16 сон.

12.       ТIоцеве Исламалда къазилъун щив вукIарав?

– ГIумар бин ХатIтIаб.

13.       ЖабрагIил малаикасул цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– Лъабго нухалда.

14.       Юсуф авараг кив накълулъарав?

– Египеталда.

15.       Адам ва Шис аварагзабазда хадуб тIоцебе авараглъи лъие кьураб?

– Идрис аварагасе.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...