Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб?

– Рамазан моцIалъ.

  1. Муса аварагасул вазир щив вукIарав?

– Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29).

  1. Къуръаналъул магIна щиб?

– «ЦIале» абураб.

  1. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб?

– Бухари.

  1. Къуръан абураб рагIи чан нухалда рехсон бугеб?

– 68 нухалъ. 

  1. Дунялалда бищун халатаб гIор щиб?

– Нил.

  1. Садакъаялъул хIакъа-лъулъ Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 150 нухалъ.

  1. Дунялалда бищун гъваридаб хIор щиб?

– Байкал.

  1. Къуръаналда щив асхIабасул цIар рехсараб?

– Зайд бин Харисил (сура «ал-АхIзаб», аят 37).

  1. Дунялалда бищун кIудияб хIор щиб?

– Каспий.

  1. Кинай чIужугIадан эбелалъ гьайичIей?

– ХIава.

  1. Къуръаналъул ракIилан сунда абулеб?

– «Ясин» сураялда.

  1. Чан Бисмиллагь бугеб Къуръаналда?

– 114. 

  1. Ислам абураб рагIи чан нухалда рехсон бугеб Къуръаналда?

– 53 нухалда.

  1. Имам Бухарил бищун машгьурав ва лъай бугев мутагIил щив вукIарав?

– Имам Муслим.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...