Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. АттахIиятуялда хадуб какилъ щиб цIализе суннатаб бугеб?

– «Ибрагьимияб салават», Кама саллайта.

  1. Аллагьасул чан цIар рехсараб Къуръаналда?

– Киналго рехсана.

  1. Къуръаналда бугеб тIоцебесеб сура щиб?

– Суратул «ФатихIа».

  1. Ансаразул сайидин абун лъида абулеб букIараб?

– СагIд бин МугIазида.

  1. ГIусман-асхIабасул халиплъи гьаби кида байбихьараб?

– 24-абилеб гьижрияб соналъ.

  1. Имам Бухарил бищун лъикIав мутагIил щив вукIарав?

– Имам Муслим.

  1. Аварагасухъе Къуръан лъица рещтIинабулеб букIараб?

– Аллагьас ﷻ, ЖабрагIил малаикасдалъун.

  1. Имам Бухарил тIехьалда хадуб бищун кьучIаб тIехь лъил рикIкIунеб?

– Имам Муслимил.

  1. Нилъер умматалда бищун гурхIулев щив вукIарав?

– Абубакар.

  1. ГIумар-асхIабасе «Фарукъ» абун кьураб цIаралъул магIна щиб?

– БитIараб ва тIекъаб батIа бахъизе лъалевин абураб.

  1. Къуръаналда ЖабрагIил малаикасул цIар рехсанищ?

– Рехсана.

  1. Аллагьас абураб жоялъул цIикIкIун цIодорлъи ва халгьабулев щив вукIарав?

– ГIумар-асхIаб.

  1. Бищун лъикI Къуръан цIалулев чи щив вукIарав?

– Убаю бин КагIб.

  1. Бищун хирияб гIелму щиб?

– ГIакъидаялъул гIелму. Щайин абуни, Аллагьгун ﷻ хурхараб букIиналъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...