Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1.         Аллагьасул ﷻ кинаб цIар бугеб киданиги махлукъаталъе кьечIеб?

– Аллагь ﷻ абураб.

2.         Аллагьасе ﷻ тIоцебесеб сифат щиб?

– Вужуд (ватизе тIалъи).

  1. Ункъо кинаб цIар бугеб Аллагьасул ﷻ цIараздаса жив ватиялъе тIоритIел гьарулеб?

– ХIакъкъу, Ан-Нур, Загьир, БатIин.

4.         Бищун кьучIал хIадисазул кIиго тIехь щиб?

– Бухари ва Муслим.

5.         Аллагьасул ﷻ ХIаким абураб цIаралъул магIна щиб?

– Тадбир ва низам берцинго бачин. Балагье, гьаб дунялалъул низам ва тадбир кин бачунеб бугебали ва гьелъул гIуцIи кинаб бугебали.

6.         Бисмиллагьалъул чан хIарп бугеб?

– 19.

7.         ХIавамимал абураб сурабазе гьединаб цIар щай кьураб?

– ХIамим абун байбихьулеб букIиналъ.

8.         Къуръан чан соналъ рещтIараб?

– 23 соналъ.

9.         Къуръаналда жаниб бищун халатаб сура щиб?

– «Бакъара».

10.       Бищун хирияб аят щиб?

– «Аятул Курси».

11.       «Фуркъан» абураб рагIи чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– Анлъго нухалда.

12.         Билкъисилги Сулайманилги къиса щиб сураялда рехсараб?

– Сура «Намлалда».

13.       Юнус аварагасулги киталъулги къиса киб рехсараб?

– «Сафат» сураялда.

14.       «Къаф» абун сураялда цIар щай тараб?

– «Къаф» абураб хIарпалдалъун байбихьулеб букIиналъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...