Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе ЛЪАЛИЩ НУЖЕДА?

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе ЛЪАЛИЩ НУЖЕДА?
  1. Кинаб гъазаваталда аварагасда ругъун щвараб?

– УхIудалъул гъазаваталда.

  1. Имам Гъазалиясул бищун машгьураб тIехь щиб?

– «ИхIъя гIулуму ддин».

  1. ГIакъидаялъул имам Абул ХIасан АшгIари кида гьавурав?

– 260 гьижрияб соналъ.

  1. Аварагзабазул эменилан лъида абулеб?

– Ибрагьим аварагасда.

  1. Щив аварагасе Аллагьас гьунар кьун букIараб хIайваназул ва хIанчIазул мацIазда кIалъазе?

– Сулайман аварагасе.

  1. Хвалчадалъун рагъ гьабизе тIоцебе лъица байбихьараб?

– Ибрагьим аварагас.

  1. ГIарабазул эменилан лъида абулеб?

– ИсмагIил аварагасда.

  1. ГIакъидаялъул имам Матуриди кида гьавурав?

– 235 гьижрияб соналъ.

  1. Чан соналъ НухI аварагас жиндирго къавм ахIараб Аллагьасул диналде?

– 950-гIанасеб соналъ.

  1. ТIоцебе инсанасул Къуръаналда рехсараб цIар лъил букIараб?

– Адам аварагасул.

  1. Кив накълулъарав Юсуф авараг?

– Египеталда.

  1. Азарго аяталда бащалъулеб сура щиб кколеб?

– Сура «Такасур».

  1. «ГIибадат» абун щиб сураялда абулеб?

– Сура «Кафируналда».

  1. Жиндие ритIухъай абун Къуръаналда еццарай чIужугIадан щий кколей?

– Марям.

  1. Къуръан цIунизе лъица тIад босараб?

– ТIадегIанав Аллагьас ﷻ.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...