Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Къуръаналъул ункъо бутIа гьабун цо бутIаялда щиб сура бащалъулеб?

– Сура «Кафирун».

2. Аварагасул ﷺ МухIаммад абураб цIар чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– Ункъо нухалъ.

3. Къуръаналъул бащалъиялъул кириялде бахунеб сура щиб кколеб?

– Сура «Залзалат».

4. Шис абураб цIаралъул магIна щиб?

– Аллагьасул ﷻ сайгъат.

5. Адамица ва ХIаваца жидерго лъимералда Шис абун цIар щай тараб?

– Гьабил чIван хадув Аллагьас ﷻ гьезие вас кьедал.

6. Адам ва Шис аварагзабазда хадуб авараглъи лъие кьураб?

– Идрис аварагасе.

7. Бану исраилазул ракIал ТIадегIанав Аллагьас ﷻ сунда релълъинарурал?

– ГанчIазда.

8. Аллагьасул гъалбацI абун лъие тIокIцIар кьун букIараб?

– Аварагасул ﷺ имгIал ХIамзатие.

9. Аварагасе ﷺ авараглъи чан сон байдал кьун букIараб?

– 40 сон байдал.

10. Витруялъул как кида балеб?

– Боголил какдаса хадуб.

11.  Тагьажуд какил чан ракагIат бугеб?

– Гьелъул къадар гьечIо. БокьанагIан разе бегьула.

12. Къиблаялде руссинегIан цере бусурбабаз кире руссун какал ралел рукIарал?

– Байтул Мукъадисалде руссун. 

13. Жагьилазул эменилан лъида абулеб букIараб?

– Абу Жагьлида. 

14. Ризкъи тIаде цIалеб сура щиб?

– Сура «ВакъигIат».

15. Къуръан цIалулезул сайид абун лъида абулеб букIараб?

– Убаю бин КагIбида.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...