Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Аварагас ﷺ чан нухалда гIумра гьабураб?– 4 нухалда.2. Зам-зам лъел щиб хиралъи бугеб?– Щиб нияталда гьекъон батани, гьелда релълъараб хиралъи буго. 3. Лъимаде йигей гIаданалъул гIидда кинаб букIунеб?– Лъимер гьабизегIан. Лъимер гьабидал гьелъул гIидда лъугIула. 4. Нардал хIазе бегьулищ?– Бегьуларо, хIарамаб буго.5. Къуръаналда бугеб «Явмул МавгIуд» абураб рагIиялъул магIна щиб?– Къиямасеб къо абураб.6. Къуръаналда бищун гьитIинаб сура щиб? – Сура «ал-Кавсар».7. СихIручиясул тавбу бегьулищ?- Бегьула. Аллагьас ﷻ абун буго ширк хутIун цогидаб жоялдаса тIаса лъугьунин. 8. Аварагасул ﷺ имгIалзабазул хIакъалъулъ бицун щиб сура рещтIараб? – Сура «ал-Масад». 9. Адам аварагасул бищун кIудияв вас щив вукIарав?– Къабил.10. Халкъалъул эменилан лъида абулеб?– Адам аварагасда абула.11. Аллагьас ﷻ ятимзабазул боцIи кваналев чи сунда релълъинавурав? – Жиндир чахьалда жаниб цIа бугев чиясда.12. Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав?– 4 нухалъ. 13. Щиб мугIжизат бугеб даимаб, нахъе инчIеб? – Къуръан.14. Аварагзабазул эменилан лъида абулеб?– Ибрагьим аварагасда.

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...