Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Щиб моцIалъ Авараг Мадинаялде

вачIарав?

– РабигIул аввал моцIалъ.

  1. Ибн ХIажиб ХIанбали абурав гIалим

чамабилеб соналъ гьавурав?

– Гьижрияб 570-абилеб соналъ.

  1. «Марям» абураб цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 33 нухалъ.

  1. Сура «Анбияъ» абун щай цIар кьураб?

– 15 авараг рехсон вукIиналъ.

  1. ТIоцебе Мадинаялда рузман балеб мехалъ чан чи вукIарав?

– 40 чи.

  1. ХIудайбияталъул къотIи гьабулелъул кагъат лъица хъвараб?

– ГIали-асхIабас.

  1. Сура «Къаф» абун цIар щай кьураб?

– Къаф хIарпалдалъун байбихьун букIиналъ.

  1. «РахIман» абун сураялъе цIар щай

кьураб?

– РахIман абун байбихьиялъ.

  1. Сура «Ннас» абун щай абулеб?

– Ннас абун рехсеялъ. Гьеб рагIи 5 нухалда такрарлъана.

  1. Ансариязухъе ислам малъизе щив витIун вукIарав?

– МусгIаб ибну ГIумайр.

  1. Гьижра гьабизегIан рещтIарал сурабазе кинал цIарал кьурал?

– «Маккаялъул сураби» абун.

  1. Адам аварагас чан соналъ гIумру

гьабураб?

– 1000 соналъ.

  1. Сура «Тавбуялда» тавбу абураб рагIи чан нухалъ рехсараб?

– 11 нухалъ.

  1. Баянго Бадруялъул гъазават кинаб

сураялда рехсараб?

– «Анфал» сураялда.

  1. Кинаб сураялда Хизрилги Мусалги

къиса рехсараб?

– «Къагьф» сураялда.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...