Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  • Аварагасде ﷻ тIоцебе рещтIараб сура щиб букIараб?
  • – Суратул «ГIалакъ».

    1. Къуръаналъул ¼ бутIаялда бащалъулеб сура щиб?

    – Суратул «Кафирун».

    1. Адам авараг щиб къоялъ гьавурав?

    – Рузман къоялъ.

    1. Щиб къоялъ Адам авараг алжаналъуве лъугьарав?

    – Рузман къоялъ.

    1. Щиб къоялъ Адам авараг алжаналъуса къватIиве вахъинавурав?

    – Рузман къоялъ.

    1. Исраъ ва МигIражалъул сордоялъ Адам авараггун МухIаммад авараг ﷺкинаб зобалда дандчIварав?

    – Дунялалъул зобалда.

    1. Адам аварагасул цIар чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

    – 25 нухалъ.

    1. Бищун даража кIудияб сура щиб?

    – Суратул «ФатихIа».

    1. Сабруялъул хIакъалъулъ бициндал щив ракIалде щолев?

    – Аюб авараг.

    1. Сулайман авараг лъил вас кколев?

    – Давуд аварагасул.

    1. ИсмагIилил эбелалда цIар щиб?

    – Гьажар.

    1. ИсхIакъил эбелалда цIар щиб?

    – Сарат.

    1. Ибрагьимил чан вас вукIарав?

    – КIиго.

    1. Гьезда цIарал?

    – ИсмагIил ва ИсхIакъ.

     

    Шамил МухIаммадов

     

     

     

     

    2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


    ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

    Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


    МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

    Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


    Къуръаналда рехсараб пихъ

    Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


    Нужее баяналъе

    Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


    «Инсаналъ» ахIулел руго

    Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...