Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Аварагасул ﷺ баргъичалда тIад щиб хъван букIараб?

– МухIаммадун РасулуЛлагь абун.

  1. Имам АбухIанифа чамабилеб соналъ гьавурав?

– 80-абилеб гьижрияб соналъ.

  1. Кинабниги мунпагIат жинца жанибе бачараб тIорщел щиб?

– ПиринчI.

  1. Къуръан цIалулезул сайидилан лъида абулеб букIараб?

– Убаю бин КагIбида.

  1. «Умматалъул божи» абураб цIар лъие кьураб?

– Абу ГIубайд бин ЖарахIие.

  1. Аятул «Курси» щиб сураялда бугеб?

– Сура «Бакъараялда».

  1. Васвас рекIелъе рехулеб щайтIаналда цIар щиб?

– Ханнас.

  1. Бану Исраилазул ракIал ТIадегIанав Аллагьас ﷻ сунда релълъинарурал?

– ГанчIазда.

  1. Лъелъ букIунеб щиб рухIчIаголъи рехсон бугеб Къуръаналда?

– Кит.

  1. Кинаб тIокIцIар щвараб Абубакарие?

– Сиддикъ, Атык.

  1. «Рекъав шагьид» абун лъие цIар щвараб?

– ГIамр бин ЖамухIие.

  1. ХIеж борхизе тIадаб бугищ?

– Рес бугев чиясда тIадаб буго цо нухалъ хIеж борхизе.

  1. Дунялалда бищун кIудияб океан щиб кколеб?

 – Тихий океан.

  1. «ФатхIул Бари» хIадисазул баян лъица

хъвараб?

– Ибну ХIажар ГIаскъаланияс.

 

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...