Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. ТIоцебе тIарикъаталъул тIехь хъварав имам щив вукIарав?

– Имам Къушайри.

2. Имам Шамил гьавурав ва хварав сон лъазе бокьилаан.

– 1797соналда гьавуна ва 1871 соналда хвана.

3. ХIатIиналъул рагъул (крестоносцалгун) цевехъан щив вукIарав?

– СалахIуддин Аюб.

4. Щиб соналъ СалахIуддиница Байтул Макъдис тIадбуссинабураб?

– 583 гьижрияб соналъ.

5. СулхIул хIудайбияб абураб къотIи лъица хъвараб?

– ГIали-асхIабас.

6. ТIоцебе кьучIал хIадисал лъица данде гьарурал?

– Имам Бухарияс.

7. Лъил амруялдалъун тIоцебе хIадисал данде гьаризе байбихьараб?

– ГIумар бин ГIабдулгIазизил амруялдалъун.

8. ТIоцебе Маккаялде хъанчал лъица рачIарал?

– ГIамр бин ЛухIай абурав чияс.

9. Къуръаналда бугеб кIиго сураялда абула «Ихлас» абун. Щал гьел?

– Сура «Ихлас» ва «Кафирун».

10. Нуралъул бетIергьан абун лъие цIар щвараб?

– ТIуфайл бин ГIамр Давсиясе.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...