Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Какичуриялъул тIоцебесеб парз щиб?

– Ният.

2. ГIакъикъа хъвеялъул хIукму кинаб бугеб?

– Рес бугезе суннатлъула.

3. Адам авараг щиб къоялъ алжаналъуве арав?

– Рузман къоялъ.

4. Авараг мигIражалде унаго, дунялалъул зобалазда щив авараггун дандчIварав?

– Адам авараггун.

5. ПиргIавнил хIакъалъулъ ТIадегIанав Аллагьас кинаб гIаламат тараб?

– Гьев гъанкъизавун хадуб гьесул къаркъала нахъе тей.

6. Аллагьасул «Гъафур» абураб цIар чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– 11 нухалъ.

7. Аллагьасул «Муъмин» абураб цIар чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– 1 нухалъ (сура «ал-ХIашр»).

8. Чан соналъ НухI аварагас жиндирго къавм ахIараб Аллагьасде?

– 950 соналъ.

9. ГьанжелъизегIан жеги чIаго вугев авараг щив?

– ГIиса авараг.

10. БоцIи-малалъул вазирлъун щив вукIарав Египеталда?

– Юсуф авараг.

11. Щив аварагасда цадахъ Аллагьас мугIрул рилълъинарурал?

– Давуд аварагасда цадахъ.

12. Сардазул цIаразул жиндие цIар кьураб сура щиб?

– Суратул «Къадр».

13. Къуръаналъул мурад щиб?

– ГIадамазе гIумру гьабиялъе нух, къанун бихьизаби.

14. Щиб мугIжизат бугеб даимаб, нахъе инчIеб?

– Къуръан.

15. ИсмагIил аварагасул эбелалда цIар щиб?

– Гьажар.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...