Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Аварагасул ﷺ баргъичалда тIад щиб хъван букIараб?

– МухIаммадун расулуЛлагь (Аллагьасул авараг МухIаммад) абун.

  1. Забуралда аварагасул ﷺ цIар кин хъван букIараб?

– Фарукъ абун букIана (хIалал-хIарам жинца батIа бахъулев).

  1. Жинал кида рижарал?

– ГIадамал рижилалде цере.

  1. Сура «ХIижр» абун щай цIар

кьураб?

– Гьелъул агьлу, ай хIижралъул рехсон рукIиналъ.

  1. Щиб сураялда жаниб рехсараб Ибрагьим аварагас хъанчал гъуранин абун?

– Сура «Анбияъ», аят 51.

  1. «Муъминун» абун сураялда щай абураб?

– Муъминзаби ва гьезул сипатал

рехсеялъ.

  1. Чан сураялда жаниб рехсараб дунял хIайгIадинаб жо букIин?

– Ункъо сураялда: «АнгIам», «ГIанкабут», «МухIаммад», «ХIадид».

  1. ШайтIаналъул хъаравулзаби абун лъида цIар тараб?

– Мунапикъзабазда.

  1. Щиб сураялда жаниб?

– Сура «Мужадалаталда».

  1. Садакъаялъул хIакъалъулъ Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 150 нухалъ.

  1. Лукъман чан нухалъ рехсарав?

– КIиго нухалъ, «Лукъман» сураялда,

аят 12, 13.

  1. Какие чурун бахъиндал щиб сура цIализе бихьизабун бугеб?

– Сура «ал-Къадр».

  1. ТIоцебе Маккаялде хъанчал лъица рачIарал?

– ГIамр бин ЛухIай абурав чияс.

  1. Къуръаналда бугеб кIиго сураялда абула «Ихлас» абун. Щал гьел?

– Сура «Ихлас» ва «Кафирун».

  1. Нуралъул бетIергьан абун лъие цIар щвараб?

– ТIуфайл бин ГIамр Давсиясе.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...