Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

  1. Бану Исраилалин абун лъида абураб?

– ЯгIкъубил къавмалда.

 

  1. Мадинаялда цоги щиб цIар абулеб?

– Ясрибилан абула.

 

  1. Маккайин абун цIар щай кьураб?

– Гьелъ мунагьал рацIцIад гьарулел рукIиналъ. Гьелда жеги гIемерал цIарал руго.

 

  1. ТIоцебесеб вахIюялдаги кIиабилелдаги гьоркьоб кигIан заман бахъараб?

– КIиго сонгун анлъго моцI.

 

  1. Бищун хирияб сура щиб?

– Сура «ФатихIа».

 

  1. Бусурбанчияс рокъоб цIалани жиндаса шайтIан лъутулеб сура щиб?

– Сура «ал-Бакъара».

 

  1. Къуръаналъул тIогь щиб?

– Сура «ал-Бакъара».

 

  1. Мадинаялда цIар кин рехсон бугеб Къуръаналда?

– Ясриб абун.

 

  1. Щал малаикзабазул цIарал рехсон ругел Къуръаналда?

– ЖабрагIилил, МикагIилил, Гьарутил, Марутил, Маликил.

 

  1. Къуръаналъул байбихьуда щай «ФатихIа» сура рехсон бугеб?

– Гьеб гьелъул кIул букIун.

 

  1. ТIоцебе «Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим» абун лъица абураб?

– Сулайман аварагас.

 

  1. Чан нухалда Адам аварагасул цIар Къуръаналда рехсон бугеб?

– 25 нухалда.

 

  1. НухI аварагасул къавмалда щиб цIар букIараб?

– Бану Расиб.

 

  1. ЯгIкъуб аварагасул цIар чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– 16 нухалда.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...