Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Авараг щив кколев?

– Авараг ккола жинхъе вахIю рещтIарав чи, гIадамазухъе щвезабизе амру гьечIев.

2. Расул щив кколев?

– Гьев ккола вахIю рещтIарав чи ва гIадамазухъе щвезабизе амру гьабурав.

3. ТIадегIанав Аллагь ﷻ лъидалъун гьедарав Къуръаналда?

– МухIаммад аварагасдалъун.

4. Щиб сураялда жаниб байбихьараб Аллагьасул ﷻ цIарал?

– Сура «РахIман».

5. Нилъеда гIемер рагIула асар абураб гIараб мацIалъул рагIи. Гьелъул магIна щиб?

– Асар абула табигIиясдасан ва гьесда хадур рачIарал кьерилаздасан бицараб хабаралда.

6. ЧIужугIаданалъ рузман

къоялъ рузманищ балеб яги

къаде какищ?

– Къаде как бала.

7. Маккаялда бугеб КагIбаялъул мажгиталда бараб какил чан кири щолеб?

– 100000 кири щола.

8. «Умматалъул божи» абураб цIар лъие кьураб?

– Абу ГIубайд бин ЖарахIие.

9. Какие чурун бахъиндал щиб сура цIализе бихьизабун

бугеб?

– Сура «ал-Къадр».

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...