Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Кида гьавурав имам Навави?

– 631 гьижрияб соналъ.

2. Эменги эбелги гьечIого вижарав чи щив кколев?

– Адам авараг.

3. Кинал сурабазда рехсараб хIеж ва гьелъул ахIкамал?

– Лъабго сураялда рехсана: «Бакъара», «Алу ГIимран», «Маидат».

4. Ирсалъул ахIкамал мухIканго ва баянго щиб сураялда рехсарал?

– Сура «Алу ГIимраналда».

5. Щиб аяталъ баян гьабураб чIахIиял мунагьаздаса рикIкIалъи гIисинал мунагьал чуриялъе сабаблъун бугилан?

– Сура «ан-Ниса», аят 31.

6. Сура «Ннас» абун цIар щай тараб?

– Щайгурелъул авалалда гьедин абиялъ. Гьеб рагIи гьениб ункъо нухалъ такрарлъана.

7. Жиндирго мурадал тIураялъе балеб как бугищ?

– Гьедин ниятги гьабун суннатаб кIиго ракагIат бала.

8. Иманалъул чан рукну бугеб?

– 6.

9. Исламалъул рукну чан бугеб?

– 5.

10. ХIадисалда рекъон бищун къиматаб лага щиб кколеб?

– РакI.

11. ХIежалъул магIна щиб кколеб лугъаталда?

– Къасд гьаби.

12. Щиб соналъ хIеж тIадаблъун гьабураб?

– 9-абилеб гьижрияб соналъ.

13. Имам ШафигIил мугIалим щив вукIарав?

– Муслим бин Халид Занжийи.

14. Хас гьабун цIарги абун щиб хъизан рехсон бугеб Къуръаналда?

– Ал-ГIимран.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...