Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. ТIоцебе тасаввуфалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьлъун щиб рикIкIунеб?

– Имам Къушайрил «Рисалатул Къушайри» абураб тIехь.

2. Имам Къушайри кида гьавурав?

– 376 гьижрияб соналъ.

3. Авараглъи кьун хадуб Аварагас ﷺ Маккаялда чан соналъ гIумру гьабураб?

– 13 соналъ.

4. ТIоцебе хIадисалъул тIехь лъица данде гьабураб?

– Имам Зугьрияс.

5. Имам Тирмизи кида накълулъарав?

– 279 гьижрияб соналъ.

6. Щиб заманалда Къуръан рещтIараб?

– Рамазан моцIалъул Лайлатул Къадриялъул сордоялъ.

7. ТIоцебе лъица абураб Къуръан данде гьабизе кколин абун?

– ГIумар-асхIабас.

8. ХIеж абураб рагIул магIна щиб кколеб?

– Къасд гьаби.

9. Щиб соналъ хIеж тIадаблъун гьабураб?

– 9-абилеб гьижрияб соналъ.

10. Сулайман аварагасул заманалда букIараб хIинчI щиб?

– Гьудгьуд.

11. ЧIужугIаданалъул жигьад щиб кколеб?

– ХIежгун гIумра.

12. Къуръаналда бищун гIемер такрарлъараб калима щиб кколеб?

- Аллагь абураб калима. Гьеб такрарлъана 2640 нухалъ.

13. ТIоцебе кьучIал хIадисал данде гьарурав чи щив вукIарав?

– Имам Бухари.

14. Фикъгьияб «Мингьаж» тIехьалъул автор щив?

– Имам Навави.

15. КагIбаялъув щив гьавурав?

– ХIаким ибн Хизам.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...