Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Имам Гъазали щиб соналъ гьавурав?

– 450-абилеб гьижрияб соналъ.

2. Авараг щиб моцIалъ гьавурав?

– РабигIул аввалалъул 12-абилеб къоялъ.

3. Имам ШафигIил цIар щиб?

– МухIаммад ибн Идрис

4. Гьесул машгьурав мутагIалим ва гIалим щив?

– АхIмад ибн ХIанбал

5. ГIакъидаялъул имам Абул ХIасан АшгIари щиб соналъ гьавурав?

– 260-абилеб гьижрияб соналъ.

6. Къуръаналда рехсараб дунялалъул берцинлъи щиб?

– БоцIи ва лъимал.

7. Суратул «Мунажат» абун щиб сураялда абулеб?

– Суратул «ФатихIаялда».

8. ЯгIжуж ва МагIжуж рахчизарураб къед лъица бараб?

– Зулкъарнайница.

9. Имам Сануси щиб соналъ гьавурав?

– 832-абилеб гьижрияб соналъ.

10. Къуръаналда чан хIарп бугеб?

– 323015.

11. Къуръаналъул ункъо бутIа гьабун цо бутIаялда щиб сура бащалъулеб?

– Сура «аль-Кафирун».

12. Аварагасул ﷺ МухIаммад абураб цIар чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– Ункъо нухалъ.

13. Муса аварагасул къавм щиб букIараб?

– Бану Исраилал.

14. Рекъав шагьид абун лъие цIар щвараб?

– ГIамр бин ЖамухIие.

15. Абу Бакарица чан сон бараб?

– 63 сон.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...