Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Къуръаналда хъвазе кида бегьулеб?

– Какичури бугеб мехалъ.

2. Щив асхIабасул цIар Къуръаналда рехсараб?

– Зайд ибн ХIарисил.

3. Бищун гIемер щив аварагасул цIар рехсараб Къуръаналда?

– Муса аварагасул.

4. Чан нухалъ гьесул цIар рехсараб?

– 136 нухалъ.

5. Чан аят бугеб жиб цIалиялдалъун сужда гьабулеб?

– 14 аят.

6. Кинаб гъазаваталда аварагасда ругъун щвараб?

– УхIудалъул гъазаваталда.

7. Алжаналъул кIул щиб?

– Лаилагьа иллаллагь МухIаммадун расулуллагь абураб рагIи.

8. ХIеж тIалъиялъул кинал шартIал ругел?

– Ислам, гIакълу, балугълъи, узденлъи, хIежалде ине хIалкIвей, чIужугIаданалда цадахъ махIрамияв чи вукIин.

9. Рос хварай чIужугIаданалъ кигIанасеб мехалъ гIидда борхизе кколеб?

– Ункъо моцIгун анцIго къоялъ.

10.          Къуръаналда рехсараб алжаналъул гъветIалда цIар щиб?

– ТIуба.

11.  «ФатихIаялдаса» хадуб рещтIараб аят щиб?

– Сура «ал-Масад».

12. Аллагьас I Къуръаналда цIакъ кIудияблъун щиб рикIкIараб?

   – Руччабазул макру.

13. Къуръаналда инсанасул тIадегIанлъи сундалъун борцун бугеб?

- Такъваялдалъун.

14. Щиб сураялъ ризкъи тIаде цIалеб?

– «ВакъигIат» сураялъ.

15. Имам Сануси кида накълулъарав?

– 895 гьижрияб соналъ.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...