Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Иблисалъул тIокIцIар щиб?

– Абу Маррат.

  1. Алжан абураб рагIи чан нухалда рехсараб Къуръаналда?

– 137 нухалъ.

  1. Къуръаналъул чан къисму бугеб?

– Ункъо.

  1. Щал гьел къисмаби?

– СабгIу ТIивал, Миайни, Масани ва Муфассал.

  1. СабгIу ТIивал щиб жо?

– Анкьго чIахIиял сураби.

  1. Анкьго чIахIиял сурабазул цIарал?

– «Бакъара», «Алу-ГIимран», «Нисаъ», «Маидат», «АнгIам», «АгIраф», «Юнус».

  1. Миайни щиб жо?

– Гьел сурабазда хадур ругел 100-ялдаса цIикIкIун ругел аятал.

  1. Масани щиб жо?

– Гьеб ккола сураби нусгоялде щвезегIан ругел аятал ва гьитIинал сурабазде щвезегIан.

  1. Муфассал щиб жо кколеб?

– Гьел ккола гьитIинал сураби. Байбихьи буго сура «Къаф» яги «ХIужарат».

  1. Дагъистаналда Къуръан цIалулеб къагIидаялъул щив имамасда нахърилълъунел?

– ХIафсица бицараб ГIасимил къирааталда нахърилълъуна.

  1. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб?

– Имам Бухарил «СахIихI».

  1. Имам Бухарил бищун машгьурав мутагIил щив?

– Имам Муслим.

  1. Бухари тIехьалдаса хадуб бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб?

– «СахIихIул Муслим» буго.

  1. Исламалъул инженерилан лъида абулеб?

– Салман Фарисиясда.

  1. Лъабабилеб исламалъул гIасруялъул мужтагьид щив?

– Ибну Сурайж.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...