Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Къуръаналда гьудгьуд хIинчI рехсон бугищ?

– Буго. «Намл» абураб сураялда.

2. Закат кьезе кколел гIадамал рехсараб аят щиб?

– Сура «ат-Тавбат», аят 60.

3. Кинаб аяталда рехсараб Аллагьас рагъ хIарам гьабурал моцIал?

– Сура «ат-Тавбат», аят 36.

4. Къуръаналда рехсарал «аямул магIдудат» щал кколел?

– Къурбаналъул ва гьелда хадуб бугеб лъабго къо (ибн ГIаббас).

5. Къуръаналда цIарал рехсарал гъазаватал щал?

– Бадр, АхIзаб, ХIунайн.

6. 1200 моцIалъ хвезавурав ва хадув чIагоги гьавурав щив аварагасул къиса Аллагьас Къуръаналда рехсараб?

– ГIазиз аварагасул.

7. «Аминул вахIйи» абун ЖабрагIил малаик чан нухалъ рехсарав Къуръаналда?

– Лъабго нухалъ.

8. Шагьаразул (росабазул) эбел абун сунда абураб?

– Маккаялда.

9. КагIбаялъе кинаб цIар кьураб?

– Сура «ал-ХIаж», аят 29-33.

10. Ахираталъе рехсараб щуго цIар щиб?

– ХIакъат, Явмул-фасл, СагIат, КъаригIат, ТIаматул кубра.

11. Лукъман чан нухалъ рехсарав Къуръаналда?

– КIиго нухалъ, «Лукъман» сураялда, аят 12, 13.

12. Муса аварагасул вазир щив вукIарав?

– Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29).

13. Аллагьасул «алВагьгьаб» абураб цIар чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– 3 нухалъ.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...