Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. ГIумар-асхIаб кин чIварав?

– Рогьалил как балаго чIвана.

  1. Абубакарил ясазул бищун гIелму бугей щий йикIарай?

– ГIаишат.

  1. Аварагасул чIужу ХIафсатица чан сон бараб?

– 69 сон.

  1. Суратул «Намлаялда» цоги щиб цIар абулеб?

– Суратул «Сулайман».

  1. Жаббар абураб Аллагьасул ﷻ цIар чан нухалъ Къуръаналда рехсараб?

– Цо нухалъ рехсана, «ХIашр» абураб сураялда.

  1. МегIералъул цIар кьураб сура щиб?

– Суратул «ТIур».

  1. Дунялищ яги Ахиратищ Къуръаналда гIемер рехсон бугеб?

 - КIиябго бащад рехсана, ай 115 нухалда.

  1. Лъабго нухалъ щиб сура цIалани тIубураб Къуръан цIаларабгIанасеб кири щолеб?

– Сура «Ихлас» цIалани (нилъеца гьелда Къулгьуйилан абула).

  1. Константинополь лъица бахъараб?

– МухIаммад ФатихIица.

  1. «Азкар» абураб тIехь лъица хъвараб?

– Имам Нававияс.

  1. Къуръаналда Лукъманил цIар чан нухалда рехсараб?

– КIиго нухалда, «Лукъман» сураялда, (аят 12, 13).

  1. Щибаб аят «с» хIарпалда лъугIулеб сура щиб?

– Сура «ан-Нас».

  1. Къуръаналда рехсараб Алжаналъул гъотIода цIар щиб?

– ТIуба.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....