Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Имам ШафигI чамабилеб соналъ гьавурав?

– 150-абилеб гьижрияб соналъ.

2. Къуръаналъул ракIилан щиб сураялда абулеб?

– Ясиналда абула.

3. Къуръаналъул магIна гьабизе ккани гIараб мацI лъараб гIолищ?

– ГIоларо. Гьелъие къваригIуна гIемерал гIелмаби: тафсир, гIараб мацI, нахIви, аятал рещтIараб бакIал ва гь. ц. Къокъ гьабун абуни, гIалимзабаз гьелъие бихьизабун буго 15 гIелмабазул тайпа.

4. Адам аварагищ яги расулищ?

– Адам авараг ккола, щайгурелъул таблигъ, ай гIадамазухъе щвезаби гьесда тIалъун букIинчIо.

5. Анкьида жаниб бищун хирияб къо щиб кколеб?

– Рузман къо.

6. Тажвид гIелмуялъул мурад щиб?

– МацI цIуни, Аллагьасул тIехьалда жаниб хатIаъ гьабиялдаса.

7. Какги закагIатги Къуръаналда жаниб чан нухалъ рехсараб цоцада хурхинабун?

– 26 нухалъ.

8. Сура «РахIман» абун цIар щай тараб?

– Аллагьас РахIман абун байбихьиялдалъун.

9. Нилъер умматалда бищун гурхIулев щив вукIарав?

– Абу Бакар.

10. СалахIуддин Аюб кив вукъун вугев?

– Дамаскъалда.

11. Гьудил къавм сундалъун гьалаг гьабураб?

– Пири речIчIиялдалъун.

12. Имам ШафигI щиб соналъ гьавурав?

– 150-абилеб гьижрияб соналъ.

13. Чан хIадис бицараб ибну МасгIудица?

– 848 хIадис.

14. ГIумар-асхIабас чан хIадис бицараб?

– 537 хIадис.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...