Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Авараг ﷺ гьавураб моцI щиб?

– РабигIул аввал

2. Авараг ﷺ гьавураб сон щиб букIараб?

– Пилалъул сон.

3. Пилалъул сон щай абун цIар кьураб?

– Гьеб соналъ Абрагьат абурав чи кагIба биххизелъун тIаде кIанцIулев вукIана пилалги рачун. Гьеб сабаблъун цIар щвана гьеб соналъе.

4. ГIараб мацIалъул алфавиталъул кинабниги хIарпал жаниб бугеб кIиго аят щиб?

– Алу ГIимраналъул 154 аят ва ФатхIалъул 29 аятги.

5. Рузманалъул какда Аварагас ﷺ щал сураби цIалулел рукIарал?

– Сура Гъашият ва АгIла

6. Щив аварагасул чIужу Къуръаналда рехсарай?

– Муса аварагасул.

7. ТIоцебе аварагасул цIар лъураб сура щиб кколеб?

– Юнус авараг.

8. Щив аварагас капурзабазул гIидалъул къоялъ хъанчал рекарал?

– Ибрагьим аварагас.

9. Гама абураб рагIи чан нухалъ рехсараб Къуръаналда жаниб?

– ункъго нухалъ

10. Кинабго жо хIехьон къвакIун чIарал (улул гIазми абун) аварагзаби чан ругел?

– Щуго: МухIаммад, НухI, Ибрагьим, Муса, ГIиса.

11. ТIоцебе аварагасде ﷺ рещтIараб сура щиб?

– Сура «ГIалакъ».

12. Къуръаналда жаниб алжан чан нухалъ рехсараб?

– 137 нухалъ.

13. Сулайман аварагасул заманалда йикIарай щий гIаданалъ иман лъураб?

– Билкъисица лъуна.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...