Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Къуръаналда бугеб щиб сураялъе хъизамалъул цIар кьураб?

– Алу ГIимраналъе.

2. Разакъ абураб Аллагьасул цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 1 нухалда.

3. МикагIил чан нухалда рехсарав?

– 1 нухалда.

4. 40 сон балелде кIигоясе кьуна авараглъи. Гьел щал?

– ЯхIя ва Юсуф.

5. Рузманкъоялъ щиб сура цIализе бихьизабун бугеб?

– Суратул «Кагьф»

6. ТIоцебе тIубанго цадахъ рещтIараб сура щиб?

– «Муддасир».

7. Сура «ГIабасаялда» щиб пихъ рехсараб?

– ЦIибил.

8. Къуръаналда бищун гIемер рехсарал хIарпал щал кколел?

– Алиф ва Лам.

9. Абубакрил ясал ГIаишатищ кIудияй яги Асмайищ?

– Асмаъ.

10. Абубакрил инсуда щиб тIокIцIар букIараб?

– Абу КъухIафа букIана.

11. Ансаразда хадуб гIараб улкаялъул щиб бакIалда ислам къабул гьабураб?

– Йеменалъул агьлуялъ.

12. «Гьаб умматалъул божарав» абун лъида абулеб букIараб?

– Абу ГIубайдат бин ЖарахIида.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...