Аслияб гьумералде

Ракьул чохьониб бугеб мажгит

Ракьул чохьониб бугеб мажгит

Дунялалда тIад ругел мажгитазул къадар лъиданиги лъалеб батиларо. Амма гьезул щибалъул буго жиндирго хасаб берцинлъи.

Щибалъул буго цоялдаса цояб берцинаб архитектураги. Ракьалда тIад гурелги, ракьуда гъоркьги руго Аллагьасул рукъзал. Масала, Индонезиялда буго гьединаб мажгит. Гьеб буго ралъдал гьумералдаса 1700 метралъ гъварилъуда, ракьуда гъоркь, магIданал рахъулеб букIараб шахтаялъуб гьабураб. Гьеб мажгит рагьана 2016 соналда.

Цого заманалда гьениб как базе рес буго 250 чиясул. Гьелда цIарги буго «Бабул-мунаввара» абун. Мажгит буго шахтаялда хIалтIулел гIадамазе жамагIат гьабун какал разе рес букIиналъе гIуцIараб. Как балев чиясе къваригIунел киналго санагIалъабиги чIезарун руго гьениб. Гьединаб мажгит баялъе сабаблъунги ккана шахтаялда хIалтIулел гIадамазул гьари тIубай.

РАМАЗАН МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...