Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Муъминун абун сураялда щай абураб?

– Муъминзаби ва гьезул сипатал рехсеялъ.

2. Чан сураялда рехсараб дунял хIайгIадинаб жо бугин абун?

– Ункъо сураялда: «АнгIам», «ГIанкабут», «МухIаммад», «ХIадид».

3. ШайтIаналъул хъаравулзаби абун лъида цIар тараб?

– Мунапикъзабазда.

4. Шамалде даран-базаралъе Авараг ﷺ индал, кашишасда гьев кин ватIа вахъизе лъарав?

– Беразда жаниб бугеб багIарлъи бихьун.

5. Къиямасеб къоялъул магIна щиб?

– Гьеб ккола ахирисеб чIаголъиялъул къо, ай дунял биххулеб заман.

6. Чан сура бугеб Къуръаналда?

– 114 сура.

7. Щиб сураялда рехсараб Ибрагьим аварагас хъанчал гъуранин абун?

– Сура «Анбияъ», аят 51.

8. Бисмиллагь рехсон байбихьичIеб сура щиб?

– Сура «Тавба».

9. Табарака абулеб жузалда жаниб чан сура бугеб?

– 11 сура.

10. Авараг ﷺ гьавураб соналъе кинаб цIар щун букIараб?

 – Пилалъул сон абун.

11. Къуръаналда хадуб кьучIабилан щиб тIехьалда абулеб?

– Имам Бухариясул хIадисазул тIехьалда.

12. Аварагасда ﷺ цIар лъица лъураб?

– ГIабдулмутIалибица.

13. КIудияв инсуца гьеб цIар щай гьесие кьураб?

– Аллагьас ﷻ гьесул ракIалде рехун.

14. Жинал кида рижарал?

– ГIадамаздаса цере.

15. Боголидаса хадуб цIализе бихьизабураб сура щиб?

– Сура «Табарака».

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...