Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  • Шис абураб цIаралъул магIна щиб?
  • – Аллагьасул ﷻ сайгъат.

     

    1. Адамица ва ХIаваца жидерго лъимералда Шис абун цIар щай тараб?

    – Гьабил чIван хадуб Аллагьас ﷻ гьезие вас кьедал.

     

    1. Адам ва Шис аварагзабазда хадуб авараглъи лъие кьураб?

    – Идрис аварагасе.

     

    1. Адам авараг вижидал щиб тIоцебе гьес гьабураб?

    – Чинхъана.

     

    1. Кинаб сура тIоцебе ГIумар-асхIабас цIалараб?

    – «ТIагьа».

     

    1. ТIадегIанав Аллагьас лъида абураб: «Дун дудаса рази вуго ва мун вугищ Дидаса рази»? - ян.

    – Абубакарида.

     

    1. Юнус аварагасул цIар чан нухалда Къуръаналда рехсараб?

    – 4 нухалъ.

     

    1. «СахIибу ррасул» абун тIокIцIар лъие кьун букIараб?

    – Абубакарие.

     

    1. Лъеберабилеб жузалда жаниб чан сура бугеб?

    – 37 сура.

     

    1. Къуръаналда бугеб кIиго сураялда абула «Ихлас» абун, щал гьел?

    – Сура «Ихлас» ва «Кафирун».

     

    1. Аятул Курси щиб сураялда батулеб?

    – Сура «Бакъараялъулъ», аят 255.

     

    1. Кинав асхIабасул цIар рехсараб Къуръаналда?

    – Зайд бин ХIарис, сура «ал-АхIзаб», аят 37.

     

    1. Ахирисеб сура киб рещтIараб?

    – Мадинаялда.

     

    1. АхIмад абун Аварагасул ﷺ цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

    – Цо нухалда.

     

    1. Къуръаналда чан сура бугеб?

    – 114 сура.

     

    Шамил МухIаммадов

    2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


    ХIикматал махлукъатал

    ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


    ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

    Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


    Ахирисеб сапар

    Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


    Къурайшиязул кIалгIа

    ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


    РабигIул аввалалда дандчIвай

    ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...