Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Иблисалда цебе щиб цIар букIараб?

– ГIазазил.

  1. Гьелъул магIна щиб?

– «ТIадегIан гьабураб» абураб.

  1. «Дунялалда чIаго вилъанхъулев шагьид» абун цIар лъие щвараб?

– Зубайр ибну ГIаввамие.

  1. Аварагасул рагъул шлемалда цIар щиб букIараб?

– ВахIш.

  1. «Гьаб умматалъул божарав» абун лъида абулеб букIараб?

– Абу ГIубайдат бин ЖарахIида.

  1. Сура «ГIабасалда» рехсараб пихъ щиб?

– ЦIибил.

  1. Исламалъул ункъабилев халипа щив?

– ГIали-асхIаб.

  1. ГIумар-асхIаб щиб гIужалда чIварав?

– Рогьалил какда чIвана.

  1. Абубакарил ясазул бищун гIелму бугей щий йикIарай?

– ГIаишат.

  1. Аварагасул ﷺ байрахъалда щиб цIар букIараб?

– «Укъаб».

  1. Аварагасул ﷺ машгьураб хвачен щиб букIараб?

– Зулфукъар.

  1. Аварагасул ﷺ гIорцIмада цIар щиб букIараб?

– Дулдул.

  1. Аварагасул ﷺ чода цIар щиб букIараб?

– Сакбу.

  1. Аварагасул ﷺ баргъич сундул гьабураб букIараб?

– ГIарцул.

  1. Бищун гучаб сихIруялда данде чIолеб сура кинаб?

– Суратул «Бакъарат».

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...