Нужее баяналъе
- Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб?
– Пилалъул сон.
- Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб?
– Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана.
- Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб?
– Къуръан.
- Муса аварагасул тIоцебесеб мугIжизат кинаб букIараб?
– ГIанса борхьиде свери.
- Бищун хирияб сура щиб?
– «ФатихIа».
- Чан нухалъ такрарлъулеб «Марьям» абураб цIар Къуръаналда?
– 3 нухалъ.
- Щиб сураялда рехсараб Зул-Къарнайнил къиса?
– «Кагьф» сураялда.
- Рузман къоялъги рузман сордоялъги цIализе беццараб сура кинаб бугеб?
– Сура «Кагьф».
- «Марьям» сураялда чан авараг рехсон вугев?
– 11.
- Имам ШафигIица хъвараб фикъгьияб тIехьалда цIар щиб?
– «Умму».
- Жакъа фикъгьиял хIукмабазул мазгьабал чан ругел?
– Ункъо буго нилъехъе щвараб: имам Абу ХIанифа, имам Малик, имам ШафигI, имам АхIмад.
- Сулайман авараггун кинаб хIинчI букIараб?
– Гьудгьуд букIана.
- Кинаб кIиго мегIер рехсараб Къуръаналда жаниб?
– Сафа ва Марва. Гьеб кIиябго мегIер хIеж борхулезда батула.
- Рузманалъул как балаго Аварагас ﷺ щал сураби цIалулел рукIарал?
– Сура «Гъашият» ва «АгIла».
- МухIаммад аварагасда ﷺ цоги машгьураб цIар щиб букIараб?
– АхIмад.