Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Чан авараг вукIарав?

– Бергьараб рагIиялда рекъон – 124000.

  1. ВахIю босун вачIунев малаик щив вукIарав?
  2. – ЖабрагIил.
  3. Абу Ругъан щив чи кколев?

– Абрагьамие Маккаялде нух бихьизабурав чи.

  1. Сура «ВакъигIат» абун цIар щай кьураб?

– ВакъигIат абун авалалда рехсеялъ ва Къиямасеб къоялъул бицунеб букIиналъ.

  1. Бащдаб Къуръаналда бащалъулеб сура щиб?

– Сура «Залзалат».

  1. Ибну ГIасакир кида гьавурав?

– 499 гьижрияб соналъ.

  1. ГIалимзабазул султIан абун лъида абулеб?

– ГIизудин ГIабдусаламида.

  1. ГIараб мацIалда тажвидалъул магIна щиб?

– Берцин гьаби.

  1. Тажвид гIелмуялъул мурад щиб?

– МацI цIуни, ай Аллагьасул ﷻ тIехьалда жаниб гъалатI гьабиялдаса.

  1. 10 соналъ аварагасе ﷺ хъулухъ гьабурав асхIаб щив вукIарав?

– Анас ибну Малик.

  1. Тавбу ва гьелда релъарал рагIаби Къуръаналда чан нухалъ рехсарал?

– 83 нухалъ.

  1. Туснахъалда вугеб мехалъ Юсуф аварагас щиб гьабулеб букIараб?

– Туснахъалъур ругел ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабизе ахIана.

  1. Аварагас ﷺ щив витIун вукIарав ансаразухъе гьезда ислам малъизе?

– МусгIаб бин ГIумайр.

  1. Тушманасул рокъоб тарбия щварав авараг щив вукIарав?

– Муса авараг.

  1. Щай ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсарал аварагзабазул къисаби?

– Нилъее пайдалъун ва дарслъун рукIине.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...