Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. ГIумар-асхIабас Ислам босидал Маккаялъул мушрикиназ щиб абураб?

– Гьанже нилъерги бусурбабазулги къуват бащалъанин абуна.

2. Исламалъул лъабабилев халифа щив?

– ГIусман-асхIаб.

3. ФиргIавнил рокъов щив авараг хьихьарав?

– Муса авараг.

4. Чанго как бецIулеб мехалъ тIадаб бугищ тартиб цIунизе?

– ГьечIо. Суннатаб буго.

5. ЧIужуялдаса ратIалъаниги, якьадалда хъвани, какичури биххулищ?

– Биххуларо.

6. Эбелалъ гьайичIого йижарай гIадан щий?

– ХIава.

7. «Жин» абун сураялда цIар щай тараб?

– Щайгурелъул авалалда аварагасде хитIаб гьабуна жиналги рехсон.

8. Абу Гьурайратица ислам кида босараб?

– Хайбар бахъараб мехалъ, гьижрияб анкьабилеб соналъ.

9. Къинай чIужугIаданалъул гIидда кидалъизегIан букIунеб?

– Лъимер гьабизегIан.

10. Ярмук гъазаваталда цевехъанлъун щив вукIарав?

– Халид бин Валид.

11. ГIали-асхIаб щиб заманалда чIварав?

– 18-абилеб рамазаналъ, гьижрияб 40-абилеб соналъ.

12. Салманул Фарисиясе вацлъун щив гьавурав аварагас ?

– Абу Дардаъ.

13. Иляс аварагасул халкъ киб букIараб?

– БагIлабакка абураб бакIалда. Жакъасеб къоялъ гьеб бакIалда цIар буго «Балабак», гьебги ккола филиппиназул ракь.

14. Аюб аварагас чан соналъ балагь хIехьараб?

– 18 соналъ.

15. Сабруялъул бицунеб мехалъ щив авараг ракIалде щолев?

– Аюб авараг.

16. Къуръаналда бугеб кIиго сураялда абула «Ихлас» абун, щал гьел?

– Сура «Ихлас» ва «Кафирун».

17. Къуръаналъул мурад щиб?

– ГIадамазе гIумру гьабиялъе нух, къанун бихьизаби.

18. Щиб мугIжизат бугеб даимаб нахъе инчIеб?

– Къуръан.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...