Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Имам Нававияс хъвараб хIадисалъул машгьураб тIехь щиб?

– «Риязу ссалихIин».

  1. Къиямасеб къо щиб къоялъ чIолеб?

– Рузман къоялъ.

  1. Бищун хирияб моцI щиб?

– Рамазан моцI.

  1. Гьеб моцIалда жаниб хирияб сордо щиб кколеб?

– Лайлатул къадриялъул сордо.

  1. ТIоцеве алжаналъуве щив лъугьунев?

– МухIаммад авараг ﷺ.

  1. Авараглъи кьезегIан щиб хIалтIи гьабураб Аварагас ?

– Цин вехьлъун, хадув дармида вукIана.

  1. НухI аварагасул хIалтIи щиб букIараб?

– ЦIулал устарлъи.

  1. Идрис аварагасул хIалтIи щиб букIараб?

– Вукъарухъанлъи.

  1. Какичури гьечIого Къуръан цIализе бегьулищ?

– Бегьула, Къуръаналда хъвалев гьечIони.

  1. Дунялалда бищун цебе щиб гъветI бижараб?

– Пальма.

  1. ТIоцебе сапун хIалтIизабурав чи щив вукIарав?

– Сулайман авараг.

  1. Бану-исраилазухъе витIарав ахирисев авараг щив?

– ГIиса авараг.

  1. Бищун ахиралда Аллагьас махлукъаталъул бижараб щиб холеб?

– ГIизраил малаик.

  1. Бищун цебе тIаде вахъине щив гьавулев?

– МухIаммад авараг ﷺ.

  1. ПасихIго гIараб мацIалъ тIоцеве щив кIалъарав?

– ИсмагIил авараг.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...