Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Щиб моцIалъ Къуръан рещтIараб Аварагасде ?

– Рамазан моцIалъ.

2. Бихьиназул тIоцебе иман лъурав щив вукIарав?

– Абубакар-асхIаб.

3. Аварагасда хадуб рагIизабун тIоцебе Къуръан лъица цIалараб?

– ГIабдуллагь ибну МасгIудица.

4. Къуръаналда закагIатги какги цадахъ чан бакIалда рехсараб?

– 26 бакIалда.

5. Кинаб сураялда рехсараб Аллагьасул 12 цIар?

– Сура «ХIашр», аят 23-24.

6. Ансариязда ислам малъизе щив витIун вукIарав?

– МусгIаб ибну ГIумайр.

7. Аварагас гьижра гьабураб мехалъ ГIали-асхIаб чан къоялъ чIарав Маккаялда?

– Лъабго къоялъ.

8. Мадинаялде щведал Аварагас щиб гьабураб?

– Мажгит базе байбихьана.

9. Щиб моцIалъ Авараг Мадинаялде вачIарав?

– РабигIул аввалалъ.

10. УхIудалъул гъазаваталда Аварагас къаде как гIодовчIун щай бараб?

– Щварал ругънал сабаблъун.

11. Марьям абураб цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 33 нухалъ.

12. Гьижрияб чамабилеб соналъ Хайбаралъул гъазават байбихьараб?

– Гьижрияб анкьабилеб соналъ.

13. ИгIтикафалъул хIукму кинаб бугеб?

– Суннат буго.

14. Ягьудиязул ислам босарав чи щив вукIарав?

– ГIабдуллагь ибну Салам.

15. Сура «Анбияъ» абун цIар щай кьураб?

– Гьелда 15 авараг рехсон вукIиналъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...