Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Сура «Наср» рещтIиндал Аварагас ﷺ щиб гьабураб?

– ГIемер такрар гьабуна гьал зикраби: СубхIанаЛлагьи валхIамдулиЛлагьи, астагъфируЛлагьа ва атубу илайгьи абун.

  1. «Нуралъул бетIер» абураб тIокIцIар лъие щвараб?

– ТIуфайл бин ГIамр Ддавсие.

  1. Щив аварагасул чIужу Къуръаналда рехсарай?

– Муса аварагасул.

  1. Бану исраилазул ахирисев авараг щив вукIарав?

– ГIиса авараг.

  1. Чан соналъ Аюб авараг балагьалде ккун вукIарав?

– 18 соналъ.

  1. Кинавниги чан асхIаб вукIарав?

– Бергьараб рагIиялда рекъон, лъаларо. Щайин абуни, Авараг ﷺ витIаралдаса байбихьун накълулъизегIан гIемерал чагIаз ислам босулеб букIиналъ. Амма ахирисеб Аварагасул ﷺ мажлисалда 124 азаргогIанасев асхIаб вукIанин абун рехсон буго.

  1. ТIоцебе кьучIал хIадисал данде гьарурав чи щив вукIарав?

– Имам Бухари.

  1. Фикъгьияб «Мингьаж» тIехьалъул автор щив?

– Имам Навави.

  1. Хварал чагIи чIаго гьаризе кIолеб макъам щив аварагасе кьун букIараб?

– ГIиса аварагасе.

  1. Аварагасул ﷺ тIоцеесей ясалда цIар щиб букIараб?

– Зайнаб.

  1. Бусурбанчиясе къиямасеб къоялъ кинаб кIиго сураялъ рагIад гьабулеб?

– «Ал-Бакъараялъ» ва «ГIимраналъ».

  1. Азарго аяталда бащалъулеб сура щиб кколеб?

– Сура «Такасур».

  1. ГIибадат абун щиб сураялда абулеб?

– Сура «Кафируналда».

  1. Къуръаналда «Жиндие ритIухъай» абун еццарай чIужугIадан щий кколей?

– Марям.

Шамиль МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...