Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  • Закариял Ансари абурав гIалим кида гьавурав?
  • – 823 гьижрияб соналъ.

    1. Бащдаб Къуръаналда бащалъулеб сура щиб?

    – Сура «Залзалат».

    1. Чан нухалъ бакъ рехсон бугеб Къуръаналда?

    – 32 нухалъ.

    1. Чан бакIалда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ васият гьабураб эбел-инсулгун лъикIаб гьоркьоблъи гьабеян?

    – Анлъго бакIалда. 

    1. Къуръаналда чан бакIалда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ рехсараб гIадан вижанин гьанал кесекалдаса абун?

    – 12 бакIалда.

    1. Сура «Анбиъ» абун (аварагзабазул) щай цIар кьураб?

    – АнцIила щуго аварагасул цIар гьениб рехсон букIиналъ.

    1. Марям абураб цIар чан нухалъ рехсараб?

    – 3 нухалъ.

    1. ТIадегIанав Аллагьас лъида абураб: «Дун дудаса рази вуго ва мун вугищ Дидаса рази?» - ян.

    – Абубакарида.

    1. Гьеб хабар аварагасухъе лъица босун бачIараб?

    – ЖабрагIил малаикас.

    1. Тирмизияс хъвараб хIадисалъул тIехьалда цIар щиб кколеб?

    – «ЖамигI».

    1. Къуръаналъул ракIилан сунда абулеб?

    – Сура «Ясиналда».

    1. Щиб сураялъул щибаб аят лъугIулеб «Д» хIарпалдалъун?

    – Суратул «Ихлас».

    1. Щив халипас тIоцебе Акъса мажгиталда как бараб?

    – ГIумар бин ХатIабица.

    1. Юнус аварагасул цIар чан нухалъ Къуръаналда рехсараб?

    – 4 нухалъ.

     

    Шамил МухIаммадов

     

    2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


    Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

    Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


    КигIан лъикI букIинаан…

    Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


    Къуръаналда рехсараб пихъ

    Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


    Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

    МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


    ЧIаголъиялъе сабаб

    Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...