Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Имам Навави кида гьавурав?

– 631-абилеб гьижрияб соналъ.

2. Щиб бакIалда гьев гьавурав?

– Сириялъул Нава абураб бакIалда.

3. Бащдаб хъвараб кинаб тафсир имам СуютIияс лъугIизабураб?

– Имам МахIалиясул тафсир. Гьев бащдаб хъван лъугIидал накълулъана ва хадуб имам СуютIияс лъугIизабуна.

4. Киталъ ралъдал рагIалде рехидал Юнус аварагасе сунца кумек гьабураб?

– Хъабхъица гьесие рагIад гьабуна ва гьекъезе гьелъул сок щолеб букIана.

5. Щиб сураялъулъ Аллагьас ﷻ аварагасда АхIмад абун цIар абураб?

– Сура «ас-Сафф», аят 6.

6. Къуръаналда Маккаялъул цIар кин рехсон бугеб?

– Уммул Къура абун.

7. Лукъман чан нухалда рехсарав?

– КIиго нухалда, «Лукъман» сураялда, аят 12, 13.

8. Щибаб аят «С» хIарпалда лъугIулеб сура щиб?

– Сура «ан-Нас».

9. Къуръаналда рехсараб алжаналъул гъветIалда цIар щиб?

– ТIуба.

10.  «ФатихIаялдаса» хадуб рещтIараб аят щиб?

– Сура «ал-Масад».

11. Аллагьас ﷻ Къуръаналда цIакъ кIудияблъун щиб рикIкIараб?

– Руччабазул макру.

12. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагь ﷻ гьедарав шагьар щиб?

– Макка.

13.  Меседищ яги маххищ цIикIкIун рехсараб?

– Месед.

14.  СиратI чан нухалъ рехсараб?

– 38 нухалъ.

15. СалихI аварагасул цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 9 нухалъ.

16.  Кив гIурав ГIиса авараг?

– Палестинаялда.

 

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...