Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Къуръаналда рехсарай бищун хирияй гIадан щий?

– Марьям.

  1. Аварагасул гIумруялъул бицунеб гIелмуялда щиб абулеб?

– Сира. Гьелъул магIнаги ккола хьвада-чIвадийин абураб.

  1. 950 соналъ халкъ Аллагьасде лъица ахIараб?

– НухI аварагас.

  1. НухI аварагасул гама киб рещтIараб?

– Жуди абураб магIарда.

  1. «Бухари» тIехьалда хадуб хIадисазул кьучIаблъун кинаб тIехь рикIкIунеб?

– Имам Муслимил «СахIихI».

  1. Имам Муслимил шайих щив вукIарав?

– Гьесул гIемерал шайихзаби рукIана. Бищун машгьурав имам Бухари ккола.

  1. Имам Муслим чамабилеб соналъ гьавурав?

– 204 соналъ.

  1. Аварагас чан сон бан букIараб эмен хведал?

– Гьев вукIана кIиго моцI ургьиб барав чи.

  1. Аварагас чан сон бан букIараб Хадижат ячиндал?

– Аварагас бан букIана 25 сон, Хадижатица - 40.

  1. Гьелъие магьаридуе щиб кьун букIараб?

– ГIолохъанаб 20 варани.

  1. Исламалъул байбихьуда балъго чан соналъ дагIват

гьабураб?

– Лъабго соналъ.

  1. Мадинаялде гьижра гьабулеб мехалъ Авараггун цадахъ щив вукIарав?

– Абубакар Сидикъ.

  1. Аварагасул бищун гьитIинай ясалда цIар щиб букIараб?

– ФатIимат.

  1. Аварагасул бищун кIудияв васасда цIар щиб букIараб?

– Къасим.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...