Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  • Имам Навави кида гьавурав?
  • – 631 гьижрияб соналъ.

    1. Имам Навави кида накълулъарав?

    – 676 гьижрияб соналъ

    1. Къуръаналда руччабиги бихьиналги чан нухалъ рехсон ругел?

    – 24 нухалъ.

    1. РахIман абураб Аллагьасул цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсон бугеб?

    – 57 нухалъ.

    1. Аллагьасул РахIим абураб цIар чан нухалъ рехсон бугеб?

    – 59 нухалъ.

    1. ГIумар бин ХатIабица тIоцебе цIалараб сура щиб букIараб?

    – Суратул «ТIагьа».

    1. Суратул «Намлаялда» цоги кин абулеб?

    – Суратул «Сулайман».

    1. Щий кколей Къуръаналда «ритIухъай» абун цIар кьурай гIадан?

    – Марям.

    1. Къуръаналъул ах щиб кколеб?

    – Муффасалал, ай жаниб пайдаяб баян гIемер букIиналъ.

    1. Къуръаналда бугеб «Явмул МавгIуд» абураб рагIул магIна щиб?

    – Къиямасеб къо абураб.

    1. Къуръаналда бугеб бищун гьитIинаб сура щиб?

    – Сура «ал-Кавсар».

    1. Аварагасул имгIалзабазул хIакъалъулъ бицун щиб сура рещтIараб?

    – Сура «ал-Масад».

     

    Шамил МухIаммадов

    2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


    Къурайшиязул кIалгIа

    ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


    Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

    Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


    Суал-жаваб

    Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


    ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

    Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


    «Инсаналъ» ахIулел руго

    Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...