Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

– КIал кквей чамабилеб соналъ тIад гьабураб?

– Гьижрияб кIиабилеб соналъ.

– ХIеж гьаби кида тIад гьабураб?

– Гьижрияб ичIабилеб соналъ.

– ХIеж бухьунел бакIазул тайпа чан бугеб?

– ТаматтугI, Къиран ва Ифрад.

– Мекъи ккечIого рукIине хIадисалъул хIакъикъат сунца малъулеб?

– ХIадис-гIелмуялъ.

– КIалалъул рукнаби щал кколел?

– Ният ва кIал хвезабулеб жоялдаса цIуни.

– СихIруялъул хIукму кинаб бугеб?

– ХIарамаб буго.

– Муса аварагасул тIоцебесеб мугIжизат кинаб букIараб?

– ГIанса борохьалде свери.

– Щив асхIаб вукIарав цIикIкIун аварагасда r релълъарав?

– ХIасан бин ГIали.

– Баянго щив авараг гьавиялъул хIакъалъулъ Къ уръаналда рехсараб?

– ГIиса аварагасул хIакъалъулъ.

– Къуръаналъул ракIилан сунда абулеб?

– Сура «Ясиналда».

– Ислам абураб рагIи чан нухалда рехсон бугеб Къуръаналда?

– 53 нухалда

– Къуръан абураб рагIи чан нухалда рехсон бугеб?

– 68 нухалъ

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...