Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Бищун борхатаб мегIер щиб?

– Эверест.

2. Чорхол бищун гьитIинаб ракьа щиб?

– ГIинда жаниб бугеб ракьа.

3. ТIоцебе киб рагьараб больница?

– Багъдадалда.

4. Магьаридуе Къуръан малъи лъезе бегьулищ?

– Бегьула.

5. Какил тIоцебесеб АттахIияту лъачIого гьоркьоб биччани, как холищ?

– Холаро, гьеб цIали суннатаб буго. Гьелъие салам кьезегIан кIиго сужда гьабила. Какил ахирисеб АттахIияту паризаяб буго.

6. Мадинаялде гьижра гьабун хадуб тIоцебе гьабураб лъимер?

– ГIабдуллагь бин Зубайр.

7. Бусурбанал гурезе гьекъолеб жо бичизе бегьулищ?

– Бегьуларо.

8. Гьанжецин чIаго вугев авараг щив?

– ГIиса авараг.

9. Садикъул аминилан лъида абулеб?

– МухIаммад аварагасда.

10. Щив халипас тIоцебе Акъсаялда как бараб?

– ГIумар бин ХатIабица.

11. ГIумар бин ГIабдулгIазиз гьесул щив кколев?

– Васасулги васасул вас.

12. Чан Бисмиллагь бугеб Къуръаналда?

– 114.

13. Ислам абураб рагIи чан нухалда рехсон бугеб Къуръаналда?

– 53 нухалда.

14. Къуръан абураб рагIи чан нухалда рехсон бугеб?

– 68 нухалъ.

15. Къуръаналда щив рехсарав капурав чилъун, жиндир лъади муъминайлъунги кколев?

– ФиргIавн. Гьесул лъади йикIана Асият.

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...