Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Гьаб умматалъул Юсуфилан лъида абулеб букIараб?

– Жарир-асхIабасда.

2. Рузман къоялъ цIализе хирияб сура щиб?

– Сура «Кагьф».

3. Гьеб сураялда жаниб щиб бицунеб буго?

– Гьениб рехсана ритIухъал, дин ккурал гIолохъабазул хIакъалъулъ. Гьел нохъоги биххун жанир хутIула. ЛъикIал гIамалаздалъун Аллагьасде ﷻ ахIи бан, къватIире рорчIула. Гьел ккола Алжаналъул агьлу ва гьезда цадахъ букIараб гьойги Алжаналъубе ккола.

4. Кинаб хIалалда накълулъарав Давуд авараг?

– Сужда гьабулаго.

5. Закария аварагасул щиб махщел букIараб?

– ЦIулал устарлъи.

6. Гъуялъуве Юсуф авараг рехидал, гьев чан сон барав чи вукIарав?

– 14 сон барав чи вукIана.

7. Щиб моцIалъ Таврат рещтIараб?

– Рамазаналъул анлъабилеб къоялъ.

8. ТIоцебе «Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим» абун лъица абураб?

– Сулайман аварагас.

9. Чан нухалда Адам аварагасул цIар Къуръаналда рехсон бугеб?

– 25 нухалда.

10. Бусурбанчияс рокъоб цIалани жиндаса шайтIан лъутулеб сура щиб?

- Сура «ал-Бакъара».

11. Къуръаналъул тIогь щиб?

- Сура «ал-Бакъара».

12.      Мадинаялда цIар кин рехсон бугеб Къуръаналда?

– Ясриб.

13.      ЖабрагIил малаик Аварагасухъе ﷺ щиб сипаталдалъун вачIунев вукIарав?

– ДихIятул Калби абурав асхIабасул сипаталдалъун.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...